Нахгун Дагъистанияб, Бакъбаккул Кавказалъулаб, яги Каспияб хъизан киналниги кІалъалезул къадар 3.8 миллион чи вугеб. Гъорлъе рачуна: 1 миллион кІалъалев чи вугеб Авар мацІ, 800 000 азарго чи вугеб лезги мацІ, 1.5 миллион вугеб чачан мацІ, 500 000 чи вугеб ингуш мацІ.
Абхазгун Адигъияб, БакътІерхьул Кавказалъулаб, Черкессазул яги Понтияб мацІазул хъизан киналниги кІалъалезул къадар 2.5 миллион чи вугеб. Гъорлъе бачуна 1 миллион чи кІалъалезул вугеб кабардиязул мацІ.
Картвелияб, Жанубияб Кавказалъулаб яги Иберияб мацІазул хъизан киналниги кІалъалезул къадар 5ю2 миллион чи вугеб. Гъорлъе бачуна ункънго миллион чи кІалъалезул вугеб Гуржиялъул расмияб гуржи мацІ, Сван, Мингрел ва Лаз мацІал.